ХIакимзабазул лъималазе мандатал кьезе гьукъана

ХIакимзабиги ун эркенлъарал бакIазде хIакимзабазулго лъимал рачIиналда данде чIана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов. Гьеб букIана 29 октябралда республикаялъул парламенталъул сессия тIобитIулеб мех.

Парламенталда ункъо бакI эркенлъун букIана депутатал министраллъунги муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъиялдеги иналъ. Гьедин мандатал Пайзудин Уцумиевасеги Аслан Казибековасеги кьолел ругин сессиялда лъазабидал, гьел щалилан суалал кьезе байбихьана Рамазан ГIабдулатIиповас.

Аслан Казибеков вугин дагьалъ цевегIан бакIал раялъул министрлъун тIамурав Ибрагьим Казибековасул вас, Пайзудин Уцумиев вугин Гъизилюрт шагьаралъул мэр МухIамад Уцумиевасул василан жаваб кьуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе Халкъияб Мажлисалъул комиссиялъул нухмалъулей Людмила Авшалумовалъ.

Гьеб мехалда гьадин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Ниже-нижерги ругелъулха васалги цогидаб гIагарлъиги. Дидаги кIвелаан гурищ дирго вас цеве-цеве тункизе. Гъовин абуни, бакIалъул нухмалъиялъул рахъалъ гIелмабазул кандидатлъунги вахъарав чи, цевего гIадин гьанжеги Каспийск шагьаралъул администрациялъул бетIер хисулевлъун хутIун вуго. КIиабилев васин абуни Москваялде ана.

Гьединлъидал гьеб суал, цойги нухалъ гьоркьоб лъезегIан, гьабсагIаталда къабул гьабичIого теян абилаан дица парламенталъул нухмалъулесда. Гурони гьабсагIаталда республикаялда гьарулел лъикIал ишазул рахъкколеб парламент цIидасан гъобго гIала-гъважаялда гъорлъе лъугьунеб гIадаб жо ккезехъин буго гьелъул».

Цинги парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидов мукIурлъана гьеб хIужаялда тIад рекъезе бегьунгутIиялъе. Амма абуна парламенталда бараб жо букIинчIин гьениб, цебеккунго рищиязул комиссиялъ гIуцIараб сияхIалда рекъон бачIараб кIиябго кандидатура кколин гьеб – Уцумиевасулги Казибековасулги.

Гьедин гьел мандатал рикьиялъул суалги нахъчIван тана сессиялда.

Хадуб кидаго гIадин фракцияз байбихьана кIвар буссинабизе жидеда лъикIаллъун рихьулел рахъазул бицине.

Гьедин коммунистазул вакил МухIамад МухIамадовас тIадчIей гьабуна тахшагьаралда жаниб рекIадул суал роцIцIинабизе ккеялда. Гьеб кинаб хIалалда бугебали лъазе жив гIадин цогидал депутаталги, чIухIарал машинабаздаса рахъун, маршруткабазда рекIайила къойилго.

Гьединго коммунистас абуна кIвар кьезе ккелила цIатари тIолел станциязда бичулеб бензиналдеги аптекабазда ричулел дарабаздеги. Бензинги бугила чорокаб, дарабиги ругила 70 проценталъ гьересиял.

МоцIи-моцIие газихъги канлъухъги гIарац кьолел чагIазда тIадгицин киса босарабали лъачIого, таманаб налъи лъун батулеб букIиналъулги бицана депутат МухIамад МухIамадовас. Гьадинги ресукъал гIадамазе кIудияб гIарац кколила гьеб.

Хадуб «Патриотазул» вакил Фикрет Ражабовас бицана республикаялда школалги гьенир цIалулел лъималазе тIахьалги гIолел гьечIилан. МагIарухъ цо-цо школал ругила араб гIасруялъул байбихьудаго рарал, тIатIала ккеялда хIинкъи бугел.

Коммунистазулги «патриотазулги» вакилзабаз бицаралъе жаваб кьуна сессиялда республикаялъул хIукуматалъул премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовас.

2017 соналде щвезегIан республикаялда 13 школа бан бахъинабизе бугила. Амма Дагъистаналда лъимал гIемер гьарулел рукIиналъ, гьелгицин гIезе гьечIила. Гьедин щибаб соналъ тIоцересел классазде рачунел лъималазул къадар щуазарго лъимералдалъун цIикIкIунеб бугила.

Ахираб кIиго соналда жаниб республикаялъул хIукуматалъ къачIанин гIанкIуязул рукъзабазда релълъун рукIарал школалгиян абуна премьер-министрас. Гьединаб 65 школа къачIанила, цIияб 38 ясли-ахги банила.

Доб канлъухъги газихъги гIадамазда лъачIого тIад налъаби лъолел рукIинги бугин цо бетIер унтиян абуна ГIабдусамад ХIамидовас. Гьелъул цIех-рех гьабизелъун жидеца комиссиягицин гIуцIун бугила. Республикаялъе мукIурлъулареб, Шималияб Кавказалъул даражаялда гIуцIараб кIиго идараялъул пиша кколила гьеб – МРСК «Северный Кавказ», гьединго Пятигорскалда бугеб «Межрегионгаз».

Хадубги гьадинаб баян кьуна премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовас.

ГIабдусамад ХIамидов: «Дагъистан Республикаялда тIад бугин газил рахъалъ 27 млрд гъурщил налъиян доз абураб мехалда, цIех-рех гьабизе лъугьуна ниж. Бюджеталдасан гIарац щолел идарабазда тIад батуларо гьеб, батула щибаб моцIалъ алхинчIого гIарац кьолел гIадатиял гIадамазда тIад бикьун. Нижеца рагьун абулеб буго: гьел идараби руго гIарац тIокI гьабизелъун гIуцIарал идараби. ЦIар-цIар ккун гьезда бадибеги абула нижеца гьедин».

Сессиялда бицана Дагъистаналда туризм цебетIезабизе кколиланги. ГьабсагIаталда республикаялда инфраструктура рукIалиде ккун гьечIолъиялъ кIудияб къадаралда туристал къабул гьаризе рес гьечIо. ГьечIониги гъоркьисала республикаялде вачIун рагIула 400 азарго турист.