«Исламияб Пачалихъалъул» къеоркьохъаназ жеги 3 чи чIвана Пальмираялда

«Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялъул къеоркьохъаназ Сириялъул Пальмира шагьаралда лъабго некIсияб колонна кьвагьизабун буго, ян лъазабуна Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб Централъул бетIер Рами ГIабдел РахIманица. Цо-цо баяназда рекъон экстремистаз лабго чи чIван вугин, гьел колоннабазде рухьун.