Еврокомиссиялъул бетIерас тIобитIизе буго экстреннияб данделъи

Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерица 25 октябралда экстреннияб данделъи ахIулеб буго чанго улкаялъул лидерги ахIун. Австриялъул, Болгариялъул, Хорватиялъул, Германиялъул, Грециялъул, Венгриялъул, Румыниялъул ва Словениялъул лидерал гIахьаллъараб данделъиялда гьоркьоб лъезе буго аза-азар мигрантазда хурхун Македониялдаги Сербиялдаги бугеб проблемаялъул суалал.

Жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразе гIолеб рагIуларо квен-тIехх, медикияб кумек ва цогидаб. Гьединаб хIал загьирлъун буго Венгриялъ Сербиягун ва Хорватиягун жиндирго гIорхъаби къан хадуб. Словениялъги Хорватиялъги жидерго территориялдаса унел мигрантазул къадар дагьлъизабунги буго.

Reuters агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, араб сордо 3 500 чияс бахъун буго чадираздаги тентаздаги гъорлъ Сербиялъулги Хорватиялъулги гIорхъода аскIоб. ГIадамаз гIарз гьабулеб буго квачаялдаги ракъиялдаги хурхун. Гьезие бажарараб кумек гьабулеб буго гIицIго волонтераз.