Шамил ГIалиев, гьесул «гьалбал» ва гьезда тIаса пикраби

Шамиль ГIалиев, академик

ЦIакъ цебегоялдаса нахъе ахIун букIинчIо дихъе стационарияб рукъалъул телефоналъ. Кварил доб рахъалдаса букIана дида гIемер рагIараб академик Шамил ГIалиевасул гьаракь. Гьес саламги кьечIого гъираялда бицунеб букIана ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамад абурав чиясул хIакъалъулъ.

Гьедин букIуна Шамилил, тIоцере гьесухъе «гьоболлъухъе» щола церего ракьалдаса арал чагIи, гьезулгун букIуна асул «накъит», хадув тохлъукьего цо чиги ракIалде щун Шамилица ахIула телефоналъ ва уна чIаго ругезулгун гара-чIвари. Гьедин ахIулеб букIана доб къоялъ дихъеги. КIалъачIого гIезегIан заман ун букIаниги, бицунеб букIана цо лахIзаталъ цебе гара-чIвари гьоркьоб къотIун букIараб гIадин.

Дун гьес ахIун бачIарабго шагьаралъул цо къваридаб къотIнов пробкабазулъ къан вукIана ва абуна заман батани духъе ваккилин Шамилида. Гьес гъираялда къабул гьабуна дир пикру. Кабинеталда жаниве Шамилихъе щварабго бачIинахъего бер речIчIула гIадлу гьечIого столал цIун цоял рагьун, цогидал дандечIван реххарал тIахьазда. Къеда доска, мелалъ гьарурал батIи-батIиял, тIаде балагьун дида щибго бичIчIулареб гIелмуялъул гьетI-мухъал.

Шамил цохIо жиндиего хасиятаб, цо лъимадул гIадаб хIеренеб гьимигун тIаде ворхун вачIана ва квер босун бахъилелде бицунеб букIана гьоркьоб къотIун букIараб хабар. Гьесухъ гIеннеккарав чи гьалгъан хутIула, гьесухъа бачIунеб букIана гьоркьоб къотIулареб гIемераб батIи-батIияб информация, гIураб хIадурлъи ва гьечIев чияс бачIинахъего къабул гьабизе кIолареб. Бицунеб букIана гьес щивалиго Пуанкаре абурав математик лъаларо, физик лъаларо, гIалимчиясул. Дида гьеб цIар гIемер рагIун гурони чIван къотIун Пуанкареца щиб рагьарабали ва сундулъ бугеб гьесул гIелмуялъул балъголъияли лъалароан. Пуанкарелгун математика, физика ва берда рихьуларел моллекулабазул бицунев Шамил бигьа гьабун литератураялъул темаялде цIана дица.

Дида бичIчIулеб бакIалдаса поэзия, шигIру батIияб мацIалде буссинабизе кIолароян абулеб букIана дица Шамилил пикру лъазе мурадалда. Буссинабизе бегьила пикру, асар кин буссинабилеб? Нилъер Расул ХIамзатовасул лъикI лъугьарал руссинарурал кучIдулги руго таржамачиясулгун (переводчикасулгун) цадахъаб творчествоялъул хIасил. Расул живго гIурус мацI лъалев вукIиналъ асарал хвезаризе риччачIого гьел руссинарулел чагIазда. ТIаде жоялъе авар мацIалда вугевги, гIурусалъ вугевги цохIого Расул гьечIо.

ГIурус переводал руго Расулил пикрабаздаса (материалалдаса) переводчикгун автор рекъон гьабураб хIалтIул хIасилин рехана дица ахиралда. Гьеб пикруялда тIад рекъана Шамил, амма гьелда тIадги ургъизе бакIал ругин абураб магIнаялда кечI цIализе жувана гьев. ЦIалулеб букIана дида стилалъухъ балагьун лъилали чIезабизе кIвечIеб кечI. Щив гьев чиян гьикъана. Артюр Рембо – ХIХ абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда вукIарав франгазул шагIир. ЦIалана ракIалдаса Лермонтовасул, цIалана Евтушенкогун Расул ХIамзатовасул кучIдул, цIалана ЧIанкIагун МахIмуд.

Дица хIикмалъи гьабуна гьесул жо ракIалда чIеялда, гъварилъиялда ва цIодорлъиялда. Гьел руго цIакъ къанагIат гурони дандчIваларел рахъал – математикагун физикаялъул гIалимчиясда гьеб хIалалъ гуманитариял гIелмаби, адабият лъай, гьеб хIалалъ поэзия бичIчIи ва ракIалда чIей. КIиго сагIаталъ халат бахъараб кIалъаялдаса, ай дир гIенеккунчIей ва Шамилил монологалдаса хадур ниж ратIалъана. Дица гьоркьо-гьоркьоб цIа гьелегьизе цIул-гIучI гIадин академикасе темаби реххулел рукIана гьесухъа информация щвеялъул мурадалда. Гьеб информация букIана цIакъго гIемераб ва интересаб.

БачIинахъего гIадатияб ботIроца кинабго къабул гьабуларо, лъикIаб букIуна гьебгун къватIивги вахъун хадуб чанго къоялъ хIисаб гьабизе гьес абун щиналда тIад. Гьенисан бачIуна нилъехъе бищунго кIвар бугебги хIажатабги информация хасал фрагментаздалъун. Шамил ГIалиев цохIо космонавтикаядъулгун кораблестроениялъул гIалим гуро.

Гьев вуго къуватаб машина чамалиго анцI-анцI терабайт памяталъул, гьениб жаниб цIвабазазул гIелмуялдаса, физикагун математикаялдаса бахъараб магIарулазул хьамабаздегун кицабазде гIунтIун камураб жо батиларо. ГIадада гуро гьев жакъаги кисиниб лъолеб телефонги, хIалтIуда компьютерги гьечIого чIун вугев, живго компьютер вукIунха. Асие гьел щай, ток бухIи гурони пайда гьечIел жал.

--------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.