ГЭСал гIемераб Дагъистаналда...

Шималияб Кавказалъул цогидал регионазда гъорлъ Дагъистан ва Чачан республика кколел руго энергетикияб рахъалъ жагъалал бакIаллъун. Щай кIудияб къадар ГЭСазул бугеб Дагъистаналда энергетикиял квекIенал дандчIвалелал? Гьелъие чанго гIилла бугила.

Гьал къоязда Ессентуки шагьаралда тIобитIун буго Шималияб Кавказалъул энергетикияб данделъи. Данделъиялда рорхарал суалазда гъорлъ аслияллъун рукIун руго Шималияб Кавказалъул республикаби хасалиде хIадуриялъул ва регионазда энергетикиял блэкаутал, ай авариял ккеялдаса цIуниялъе шартIал чIезариялъул суалал.

Россиялъул Энергетикаялъул министерлъиялъул вакил Евгений Грачакица баян гьабухъе, Шималияб Кавказалда энергетикияб рахъалъ хIинкъи бугеллъун хутIулел ругила Дагъистан ва Чачан республикаби. Хасалиде хIадурлъиялъул рахъалъги гьел регионал ругила бищун нахъа.

Дагъистан бищун кIудияб къадар электростанциязул бугеб гуребги, кколеб бугила бищун кIудияб къадар электрикиял гьиназда авариял кколел регионлъунгийин баян гьабулеб буго «Эксперт.ру» абураб сурсаталъе энергетикияб сфераялъул эксперт Александр Вихринскияс.

Дагъистаналда цо кIудияб гIунгутIи кколила коррупциялъул фактор, гьеб байбихьулила гIадатияв контролерасдаса, гIагаразе, лъале-хъвалезе токалъул счетчиказда макраби гьарулел ва лъугIулила тIадегIанал хIакимзабазда. Ток бикъияъул суал бищун аслияблъун кколеб, цадахъ энергетикияб инфрасируктура басрияб букIинги бугин проблемайилан рикIкIунеб буго экспертас.

Дагъистаналда гIемерал ГЭСал ругин, ток щайин букIунаребин абураб суал щибав чиясул букIунеб батилин, амма гIадамазда гьелда жанир ругел рынокалъул гьоркьолъаби ричIчIуларин абулеб буго «Дагъэнергосеталъул» пресс-секретарь ХIуризада Камаловалъ. Дагъистаналда гьабулебщинаб ток цин унила гIаммаб энергетикияб базаралде. Цинги нилъер республикаялъ хIажатаб къадар электроэнергиялъул босулила гьебго бакIалдаса. Хадубго гьеб электроэнергия бикьи букIунила жидер гIуцIиялда тIадин баян гьабуна гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIуризада Камалова: « БичIчIизе ккола, нижехъе ГЭСаздаса танкан электроэнергия бачIунареблъи. Цин гьеб уна гIаммаб базаралде, гьениса нилъер республикаялъ босуда цинги гьеб, хадуб «Дагъэнегргосеталъ» гьеб бикьула . ГьабсагIаталда кIудияб къадар налъул буго компаниялда тIад. Цинги гьеб налъиги цо гуреб, чанго соналъ гIураб буго. Нижер масъала буго гIураб къадаралда электроэнергия чIезаби, гьеб масъала тIубазе хIаракатги бахъула нижеца.

Амма руго гIунгутIаби. ТIоцебесеб инфрастуктура, кинабго оборудование буго араб гIасруялъул 60-70 соназдаго лъураб ва хIажат буго реконструкция яги тIубанго хиси. Цадахъго, 20 соналъ цебе букIарабги, гьабсагIаталда бугеб хIалуцинги электросетазде кколеб кутакалда батIи-батIияб буго. ХIал кколеб буго бугеб оборудованиялде. Хасго лъалаха мухъазда бугеб хIал.

Араб соналда чанго авариял ккун рукIана электросетазда, амма исаналде гьел дагьал рукIине руго, щай гурелъул тIаде хIалтIаби гьарун исана хасалиде хIадур ругин абураб паспортги щун буго. КвекIенал ва гIунгутIаби руго, амма хасалиде хIадарал руго ниж».

Цияб оборудование хисизе кканани харж гьабулеб мухIканаб къадар электроэнергиялъул чIезабизе кколила, гьеб чIезабзе цIиял счетчикал лъолел ругила гIадамазе. ГьабсагIат 60 процент гьеб оборудованиялъул бугила цогояб сияхIалде босун, аммма гьеб 95 процентниги букIине кколила, цинги киналго хIисабалги гьарин, хIажатаб къадаралда чIезабулила гьебилан тIаде жубана «Дагъэнергосети» компаниялъул пресс-секретаралъ.

Сетевой компаниялдаги энергопоставщиклъун кколеб гIуцIиялдаги харж гьабураб электроэнергиялъул дандеккунгутIаби тIагIине рес бугила автоматизация тIубараб къуваталда хIалтIарабго.