Джо Байден: «Исламияб Пачалихъалъ» Ислам-дин мекъса бихьизабулеб

Шамат къоялъ Нью-Йоркалда Патриарх Афинагорил цIаралда бугеб премия босулаго, Америкалъул Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица абулеб буго экстремизм гIатIидго тIибитIизабиялде данде диниял эркенлъаби цIунизе кколин. Гьесул рагIабазда рекъон «Аль-КъагIидаялъ» ва «Исламияб Пачалихъалъ» Ислам-дин мекъса бихьизабулеб бугин жидерго вахIшилъи ритIухъ гьаби мурадалда.

Цолъарал Штатазда инсанасул ихтиярал нахъеги гьединго щулаго цIунанани Америка гучаб пачалихълъун хутIилаан халатаб заманалда. Гьениб диниял къиматал гражданиял ихтияраздаса ратIа чIун гьечIин, абуна Джо Байденица.