Венгриялъ Хорватиялъулгун бугеб жиндирго гIурхъи рузман къоялъ къан хадусала, Сириялдаса лъутарал мигрантал гьанже Европаялде Словениялдасан рачIунел руго.
Словениялъул полициялъул вакилас лъазабуна, шамат къоялъул радал мигрантал рекIараб тIоцебесеб автобус бачIун бугин ва гьезул регистрация гьабизехъин бугин. Аммаила, мигрантазул карачел дагьлъизаби мурадалда Словениялъ Хорватиялъулгун бугеб жиндирго маххул нухлул бухьен заманалъ къан бугин.