Сириялъул оппозициялъ инкар гьабуна ракълилал-кIалъа-басаяздаса

Россиялъ Сириялъул конфликталде гъорлъе жубан букIиндал, Сириялъул оппозициялъ инкар гьабуна ракълилал-кIалъа-басаяздаса. Гьадин лъазабуна гьатIан къоялъ Франс-пресс агентлъиялъ Сириялъул оппозициониял къуватазул Миллияб коалициялъул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Гьадинал кIалъа-басаязда гIахьаллъи гьабизе жал хIадурал ругин Россиялъ жиндирго агрессия рагIалде бахъинабуни, ва гьеб бугин жидерго аслияб шартIилан лъазабуна оппозициялъул вакилзабаз.

Гьезул баяназда рекъон Россиялъ гьавадул гьужумал гьарулел ругин тIоцебесеб иргаялда Исламияб пачалихъалде гуреб – президент Башар Асадиде данде чIарал оппозициялъул къеркьохъаназдеилан.

Жиндир иргаялда Россиялъул телевидениялъе интервью кьолаго, президент Владимир Путиница абуна, Сириялда Россиялъ байбихьараб рагъулаб операциялъул мурад - къанунияб хIукумат цIуни.