ДНРалъги ЛНРалъги инкар гьабуна рищияздаса

Жидецаго жалго республикабилъун лъазарурал ДНРалъулги ЛНРалъулги тIалъияз лъазабуна, Луганск ва Донецк областазда жидерго контролалда гъоркь ругел территориязда 18 октябралда ва Iноябралда тIоритIиизе ракIалда рукIарал бакIалъулал нухмалъиязде рищияздаса инкар гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьел территориязул вакильзаби, Владислав Дейнегол ва Денис Пушилинил лъазабиялда абулеб буго, гьел рищиял хадусеб соналде рахъулел ругин ва гьединаб хIукму гьабунин Парижалда тIобитIараб «Нормандиялъул ункъилабалъул» саммиталъул хIасилал ракIалдеги росунин.

Гьеб заманалда жаниб Киевалъ тIуразаризе кколин жиндего тIаде росарал масъалабийин, ай, Донбассалъе кьезе кколин хасаб статус ва гьеб Конституциялда бихьизабизе кколин.