Йеменалъул хIукуматалъул вакилас нахъ чIвана рузман къоялъ Йеменалъул пачалихъияб телевидениялъ загьирабураб лъазаби – жиндир улкаялъ Ираналъулгун ругел дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIанин абураб. «Кабинеталъ гьеб суал жеги данбдачIин, - тIаде жубана гьес ва Ираналъулгун бухьенал гьоркоса котIизе хIукму гьабичIин».
Исана ихдалил заманалда Йеменалъул президент Хадиги гьесул гор-свериялъул чагIиги улкаялдаса къватIирехун лъутана шиитазул къеркьохъаназул гьужумал байбихьидал.
Хуситалилан абурал гьел къеркьохъаназе квербакъи Ираналъ гьабулеб буго. Анлъго моцIалъ цебе Йеменалда багъарараб конфликталде гъорлъе жубана СагIудиялъул ГIарабиялъул коалиция. Гьелъул мурал – хуситал нахъе гъей ва Абд-Раббу Мансур Хадица тахалде тIад вуссинави.