ООНалъ лъазабулеб буго, Афгъанистаналада гIемерлъулел ругин исламистазул рахъ кколел гIадамазул къадарин

ООНалъ хIадур гьабураб докладалда лъазабулеб буго Афгъанистаналда «Исламияб пачалихъ абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъе гьабулеб квербакъи улкаялда цIикIкIунеб букIиналъул хIакъалъулъ.

ООНалъул экспертазул хIисаблада, 34 провинциялда гъорлъан 25-ялда цIикIкIун буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъе лъугьине бокьарал яги гьезул идеологиялъул рахъ кколел гIадамазул къадар. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго France-Presse агентлъиялъ.

Докладалда кIвар буссинабулеб буго араб соналда талибазул лидер Молла ГIумарил кумекчилъун вукIарав яргъид гIуцIаразде асар кIудияв ГIабдул Рауф Хадемица Гильменд ва Фарах провинциязда жиндирго къокъа гIуцIун букIиналде.

Цо-цо баяназда рекъон, Хадемица Афгъанистаналда ракIарулел рагIула Сириялде «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъ рагъизе бокьарал гIадамал. Гьес рагIи кьолеб рагIула гьезие кIудияб гIарац кьезе бугин абун.