Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарасул гуманитариял суалазул рахъалъан кумекчи Стивен О’ Брайеница лъазабуна, Луганск областалъул бутIаялда тIад контроль бугел сепаратистаз бакIалъулал гIадамазе кумек гьабулел Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хъулухъазул ва къватIисел улкабазул рахIмуялъул гIуцIабазул хIалтIухъабаздаса тIалаб гьабулеб бугин регионалдаса нахъе инин. Гьединаб хIукмуялда хурхун жиндир кIудияб ургъел ккун бугин.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хъулухъаз ЛНР жинде абулеб гIуцIиялъул контролалда гъоркь бугеб территория тезе кколеб рагIула рузман къоялда. КъватIисел улкабазул коммерциялъулал гурел гIуцIабазул цояз – шамат къоялде. «Горхъаби лъаларел тохтурзаби» абураб гIуцIиялъ Луганскалда букIараб жиндирго бутIа къан буго.
О’ Брайенил рагIабазад, регионалде гуманитариял гIуцIабазе нух къай кколеб буго халкъаздагьоркьосеб къанун хвезаби. Гьелдаса зарал ккезе бегьула шибаб моцIалда жидее квен-техх гьездаса щолев 150 азарго гIанав бакIалъулав чиясе.
Гьединал гIуцIабазе хIалтIул ресал къотIизариялъе гIоло регионалде щвезабичIого хутIун буго бищунго къваригIараб жоялъул I6 азарго тоннаялъул юк. Гьелъул бутIалъун кколин гьединго медикаменталгиян, лъазабун буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генсекасул кумекчияс.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда, Украиналда конфликт загьирлъулеб заманалда жаниб Донбассалда хун вуго бищун дагь босун 7962 чи. ГIадамазул миллионгун бащдаб къадаралъ жидерго бакIал тезе ккун буго.