Мисиралда чIван вуго полициялъул генерал

Мисиралъул Шималияб Синай абулеб вилаяталда радикалиял бусурбабаз полициялъул генерал АхIмад Абдел Сатар речIчIун чIвана Аль-Ариш шагьаралда бугеб полициялъул бутIаялда аскIоб.

Гьадин лъазабуна Мисиралъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Сентябрь моцIалъул авалалда Мисиралъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел къуватаз Синаялъул бащдабчIинкIиллъиялда рагъулаб операция байбихьана «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназде данде. Ахирисеб кIиго соналда жаниб гьениб нус-нус полициялъулав ва асккарияв чIван вуго халат бахъунеб дандечIеялда.