Дж.Керри: Асадица хъулухъ тани лъикI

Шамат къоялъ Лондоналда КIудияб Британиялъул къватIисел ишазул министр Филип Хаммондгун букIараб данделъиялдаса нахъе Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, Сириялъул президент Башар Асадида тIадаб бугин хъулухъ тезе.

Аммаила, тIаде жубана гьес, Асад хъулухъалдаса нахъе иналъул болжал дандбазе кколин кIалъа-басаял тIоритIун.

Керрица Россиялде ва Ираналде ахIи бана жиндирго асар хIалтIизабун, Башар Асад кIалъа-басаязул столалде гIодо чIезавеян абун. Москваялъ нахъ чIвалеб гьечIо Россиялъ Сириялъе рагъулаб кумек гьабулеб бугеблъи. Гьеб бугин церего гъулбасарал къотIи-къаязда рекъон гьабулеб ищилан, лъазабулеб буго Россиялъул тIадтараз.