Фатима МухIамадова росасдаса ятIалъун йиго гьев туснахъалда тIамураб мехалда. Росасда йигей кIиго соналда жаниб гьелда ятIалъизе бокьаниги кIолеб букIун гьечIо, хIинкъиялъ гьесукьа. ГьабсагIаталда гьей республика тун къватIий гIумру гьабун йиго. Радал йорчIаралдаса нахъе рекIелъ хIинкъигун йикIунаанин жий, сундухъ гьес кьабилебали, масала рас къунцIун, квен цIакъго бухIун, яги гIураб къагIидаялда бухIичIогон, цогидаб бокьараб жо сабаблъун кьабулаанила гьес. Гьелде тIадеги цогидаб тамихIги букIунаанила, масала цо хIатIида яхъун чIезе гьаюлаанила, къадада квер чIванани, йортун инчIого йикIине кьабулаанила. Цо къоялъ, гIолохъабигун ккараб кьал сабаблъун гьев жанив тIамун вуго, гьелдаса хадуб гурого кIун гьечIо чIужугIадагIаданалда нахъе тIуризе.
Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтияразул ва гражданияб жамгIият цебетIеялъул мажлисалъул вакил Анита Соболевалъ баян гьабухъе, Россиялда рокъосеб хIал гьабиялъул къурбанлъун кколей йиго щибай щуабилей чIужугIадан, гьебго заманалда гIицIго 12 проценалъ гурого хIал гьабиялъул лъазабулеб гьечIила полициялда. Низам цIунулел хIинкъулел ругин гьеб гIунгутIиялда гъорлъе лъугьине ва хъизаналда жаниб тIубалин гьеб ишилан толел ругин гьез гьединал тайпаялъул лъугьа-бахъиналилан абулеб буго Соболевалъ.
Дагъистаналда гьел тарихал жеги кIудиял ругин, жиндир заманаялъ анонимияб хIалалда руччабазда гъорлъ тIобитIараб цIех-рехалда 89 процент руччабазул мукIурлъанин, цо нухалданиги росасул рахъалъ хIал гьабиялъул къурбанлъун ккун рукIиналъейилан абулеб буго журналист Светлана Анохиналъ.
ХIал гьабиялда гъорлъе чIужуялде квер борхи гуребги, кинал ругонини эркенлъаби гьукъиги унел руго: чIужуялъе гIарац харж гьабизе гьукъи, гьелъие кийе йигониги ине гьукъи ва цогидаб. Журналисталъ бицана, жиндица бихьиназда гъорлъ тIобитIанила жамгIияб рагьараб цIех-рех, чIужуялде гьез квер борханищали цо нухалъниги. Жинда лъалев, чIужуялъ жинде борханиги, жинца киданиги квер борхичIев чиясгицин борханилан кьунила жаваб. Гьелдаса бихьулила, Дагъистаналъул жамгIияталда жаниб чIужугIаданалдехун кIудияб кIвар гьечIеб бербалагьи бугеблъи. Амма гьебго заманалда эбелалъул къимат гьабиги чIужугIаданалъул адаб гьабиялъул культги бугила.
Светлана Анохина: «Рокъоб хIал гьаби лъиего балъгояб жо кколаро, киназдаго лъала хIал гьаби ругьунаб жо букIин ва гьеб цо кIварго кьечIогон тола. Росас чIужуялъе щибгIаги гьукъулеб букIинги ккола рокъосеб хIал гьаби, амма гьеб Дагъистаниязе ругьунаб менталитеталъул бутIа ккола. Масала, чIужуялъе гьикъичIогон къватIие ине гьукъараб букIин ва цогидаб. Дагъистаналъул жамгIияталъул гIуцIиялъулъ руго киналго кьучIал рокъосеб хIал гьаби тIибитIиялъе. Рагьун тIобитIараб цIех-рехалда, цогIаги нухалда чIужуялде квер борханищан, киназдаго чIужуялъукьа къалев вукIин лъалев чиясцин жаваб гьабун, букIанин гьединаб жойилан, цогидазул берзукь живго гIодобегIанисеб хIалалъ вукIинчIого вукIине. Бихьинчияс хъизамалда жиндирго чIужуялда бугеб кверщел бихьизабула, гьеб жалго руччабазги къабул гьабула».
Рокъосеб хIал гьабиялъул лъалин гьелъул масштабал цIакъго гIорхъолъа ун, хъахIиллъи ва кьабиялъул лъалкIал рахчизе кIвеялдаса арабго, амма гьеб заманалдаги иш гIагарлъиялда жанибго тIубалин баян гьабулеб буго психолог ГIалиасхIаб Мурзаевас. Психологасухъе рачIарал гIемерисел руччабаз, цогидал гIарзазда гъорлъ рехсолеб буго рокъосеб хIал гьабиги. Жанибго бахчун тун хIал гьаби тIагIунарин, амма низам цIунулезухъе ин ва цогидаб ничаблъун бихьулин менталитеталда рекъонин рикIкIунеб буго гьес.
ГIалиасхIаб Мурзаев: «Хъизамалда жаниб танканго гуро квер борхиялдаса иш байбихьулеб. БачIиндаго цин вербалияб хIалалда, рагIабаздалъун байбихьула, дагь-дагьккун гьеб бачIуна чIужуялде квер борхиялде. Гьеб проблема тIагIинабизе кканани цо рахъалъ хъизамалда жаниб букIине ккола компромисс, цогидаб рахъалъ, рокъоб агрессия загьир гьаби ккола бихьинчиясул жиндирго гIодобегIанисеб къимат букIин. Рокъоб бугеб хIал гьаби бахчун хутIула, лъаниги, гьеб гIагарлъиялда жаниб тIубан хутIула».
Рокъосеб хIал гьаби тIагIинабизе кканани жамгIияталъулго менталитет хисизабизе кколин, амма гьеб цо къоялда ва цо лъагIалида жаниб лъугьунеб процесс гурин тIаде жубана психологас.
ХIал гьабиялда данде чIараб «Анна» абураб миллияб централъул баяназда, щибаб соналъ Россиялда росасул квердаса 10 азарго чIужугIадан холей йиго. Гьединаб чIвай-хъвей кколеб буго щибаб сагIаталда. Дагъистаналда росасул квердаса хварал яги сакъатлъи щварал руччабазул статистика гьечIин, амма гьелъул хIакъикъат жеги хIинкъараб батизе рес бугин рикIкIунеб буго Анохиналъ.