Генерал Назарзоде чIван вугин рагIула

Тажикистаналъул Рамит абулеб кIкIалахъ батун буго микьго жаназа. Гьел кколаанин чIварал къеркьохъанал. Гьезда гъорлъ вугин улка цIуниялъул министр хисулевлъун вукIарав генерал ГIабдулхIалим Назарзодел жаназаги. Гьадин лъазабулеб буго нижер Радиоялъул Тажик хъулухъалъ.

Гьелъул баяналда рекъон 15 сентябралда бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда гьединго чIван вугин хасаб тIадкъаялъул къукъаялъул цо аскариявги. Жеги кIиго низам цIунулев лъукъун вугин.

Тажиказул тIадтараз Назарзоде гIайибиявлъун рикIкIула Душанбеялда аскIоб бугеб полициялъул минаялде гьужум гьабиялда бан. Гьелъул хIасилалда 26 чи чIван вуго – ичIго полициялъулав ва 17 къеркьохъан.