Амма жанив тIамизеян арав чи вукIинчIин Абуевин баян кьуна низам цIунулез прессаялъе 14 сентябралда. Гьесул хъаравулзаби рачун унелъул, гьес дандечIей бихьизабунин низам цIунулездехун. Амма гьелдаго цадахъ Абуев кквеялда хурхун батIи-батIиял харбал руго МахIачхъалаялда.
РакI рагьараб гара-чIвариялда ЭР-ялъе Дагъистаналъул премьер-министрасул цогидав гIакълучияс бицана Джафар Абуев ккун вукIинчIин. Гьесда лъалаанин жинда хадуб халкквей чIезабун букIин. Гьединлъидал гьев жиндирго кортежги цебехун биччан, цогидаб машинаялъув рекIун вугилан.
Гьелда цебесеб къоялъ низам цIунулезул сайталда кьун букIана Абуевасда хадуб вертолет бачIине бегьулин, гьев туснахъалде вачинеян абураб макъала. Гьелъ цIодорлъун ватилин гьевиланги абулеб буго цо-цояз.
ПалхIасил, живго Дагъистаналъул Абуев ккола советияб заманалда Дагъистаналъул Министразул Шураялъул нухмалъулев вукIарав МухIамад Абуевасул васасул вас. Гьединго цIех-рехчагIаз Дагъистаналъул Абуевасул рахъалъ ракIарарал баяназда рекъон, Сагид МуртазагIалиевасдехун хурхен букIун буго гьесул. Хас гьабун абуни, къан данде кколарел ишазда бан.
Гьев Сагид МуртазагIалиев гьабсагIаталда къватIиб пачалихъалда чIун вуго. Россиялъул цIех-рехчагIаз жидергун махщелцоязда гьарулеб буго гьев жидехъе кьеян. Гьединго цогидал баяназда рекъон, Джафар Абуевасул лъикIаб гьоркьоблъи буго экс-вице-премьер, гьабсагIаталда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вугев Ризван Къурбановасулгунги.
Гьединго къанун цIунулел идарабаз рехсолеб буго цойги хIужаги. Масала, 1998 соналда Дагъистаналъул хIукуматалъул минаялде гьужум гьабулеб мехалда вацал Хачилаевазда цадахъ вукIанин гьевилан. Доб мехалда Хачилаевал ссиялда рукIана – цин жамгIиял хIаракатчагIилъун, депутаталлъун. Хадур – оппозиялъун лъугьана.
Абуев Джафар цо заманалда маххул нухдаги вукIана хIалтIулев.
Гъази Гъазиев маххул нухлул нухмалъиялдаса хIалхьиялде витIун хадув вачIарав нухмалъулесулгун дандеги ккечIого, Абуев Джафар гьениса нахъе анин бицана ЭР-лъе маххул нухлул хIалтIухъан ГIали Шамсудиновас. Амма нахъе аниги гьесул кверщел хутIанила гьениб.
ГIали Шамсудинов: «Маххул нухда цониги жавабияб хъулухъалде чи тIамулелъул Абуевасул цIар рехсола кидаго. Гьесда хурхинабула. Гьаниб бицуна гьесул кIудияб лъай-хъвай бугин Дагъистаналда гуребги, Москваялде щвезегIанги. Гьединго рагIула гьесул хIакъалъулъ батIи-батIияб жо абулебги, къануналда данде кколарел жал гьарун ругила гьес.
Амма дица Абуевасе цогидаб рахъалъ кьелаан къимат. Гьев гIадал чагIи къваригIуна жакъа гьаб маххул нухлул хIалтIуе. Масала, ахирал соназда чанги хиса-басиял ккана гьанир. Маххул нухлул цо бутIа Ростовалде кьун буго. Цогидаб – Москваялде. Гьединлъидал раккун руго чанго батIиял хIакимзабиги. Щивав чIола жидеца абураб билълъинабизе кколилан. Амма маххул нухлул хIалтIухъабазе хIажат вукIуна цо гIаммав нухмалъулев, яги гьел данде ракIарулев, цо рагIи билълъарав чи.
Гьединав чилъун рикIкIуна маххул нухда Абуев. Гьединго гьаб заман бичIчIулев чиги вуго гьев. Масала, Россиялъул маххул нухазул кIудияв Якунин президент Путиница нахъе рехана гьес маххул нухал хасаб бетIергьанлъиялде кьеялъул иш халатбахъинабулеб букIун. Хасаб бетIергьанлъиялда бугогIан гIадамазе гьабулеб хъулухъги лъикIаб букIуна.
Гьединал жал ричIчIула гьев Абуевасда. Гьесул буго живго бетIергьанаб кIиго локомотивги. Гьевги цеве нижер вукIарав нухмалъулев Гъази Гъазиевги руго гIарац гьабизе лъалелги, гIемераб гIарац жидерго букIинеги бокьулел чагIи. Гьединго дида бихьана гIадатиял чагIиги унел рукIин гьесухъе кумек гьарун».
Жиндир гIакълучи Джафар Абуевасда хурхун кинабгIаги лъазаби гьабичIо Дагъистаналъул премьер-министрас яги гьесул сверухълъиялъ.