Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, Москваялъ гъалат биччалеб бугин Башар Асадидие квербакъи цIикIкIинабиялъин. Гьесул рагIабазда, гьеб кколаро парахалъи регионалда ч1езабиялъул мурадалде щолеб къагIида.
Цо-цо баяназда рекъон, Сириялде Россиялъ щвезарулел руго жиндирго рагъулазул контингент ва рагъулаб техника.
Обамал рагIабазда, гьеб кколеб буго Сириялъул проблема политикияб къагIидаялда рагIалде бахъинабиялъе хьулал хвезарулел галаби.
Россиялъул вакильзабазул лъазабиязда рекъон, Москваялъ Сириялъе ярагъ кьолеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде чIеялъул мурадалда.