Жал щалали лъаларез вухун вуго оппозицияв хIаракатчи Николай Кавказский

Москваялъул Шималияб рахъалда жал щалали лъаларел тIаде кIанцIун руго «Болотнаялъул ишалъул» фигурантлъун вукIарав, амнистиялъул къагIидаялда эркен гьавурав оппозицияв хIаракатчи Николай Кавказскиясде.

Живго Кавказскияс Твиттералда тараб посталда абулеб буго, жив вуханин Широкая къватIалда. Жинда 30-гIан нухалда кьабунин заруца, малалги ранин.

Гьесулго рагIабазда тIаде кIанцарал рукIун руго мехтун. Гьезул цояв лъутун вуго машинаялдаги рекIун, цогидав вахчун вуго гIемертIалаяб минаялда жанив.

Жиндего тIаде кIанцIиялъул багьана Кавказскиясда лъалеб гьечIо.

Эркенлъи Радиоялъе комментариял гьарулаго гьес жубана, гьеб лъугьа-бахъин кканин муниципалиял рищиязда жиндие гьаркьал кьеялде ахIулеб агитациялъул тадбир унеб мехалдайин.