Европарламенталда цеве вахъунаго, Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерица цебелъей гьабуна, квотабазул система гIуцIун Европаялъул улкабазда тIадеги I60 азарго иммигрант къабул гьавиялъул.
Гьес гьединго лъазабуна загьирлъизе бегьулел кризисазда хIалтIизабизе бегьулеб I.800 миллиард евроялъул хасаб фонд гIуцIиялъул хIакъалъулъ.
Юнкерил рагIабазда, Европаялде Сириялдасаги Шималияб Африкаялдасаги рагъазе гIоло цинтIаго гIемер лъутизе ккарал рачIиналдаса кIудиял проблемаби раккизе бегьула, хасго Италиялда, Грециялда ва Венгриялда. Гьанжеялдего гьенире щун вуго гIаммаб къагIидаялда бащдаб миллионгIан чи. Гьединлъидал Евроцолъиялъ хIалтIизаризе кколин улкабазул цадахъал механизмал кризис биччангутIиялъул мурадалдайин, жубалеб буго Юнкерица.