ООНалъ Баку ахIулеб буго гражданиял ихтиярал цIунулел эркен гьариялде

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул идараялъул бетIер Зейд Раад аль-ХIусеница какана Азарбайджаналда гражданияб жамгIияталде халат бахъинабулеб гьужум.

Талат къоялда бахъараб лъазабиялда абулеб буго, улкаялъул нухмалъиялъ тIадецуй гьабулеб бугин ва хIинкъизарулел ругин журналистал, инсанасул ихтиярал цIунулел ва гражданиял хIаракатчагIийин.

Аль-ХIусеница Баку ахIана рагIул, данде ракIариялъул эркенлъи цIуниялъул ва цоги ихтиярал цIуниялъул хIаракатчилъиялъе гIоло туснахъ гьарурал гIадамал нахъ тIамичIого эркен гьариялде.

I сентябралда Бакуялъул диваналъ туснахъалъул анкьгогун бащдаб сон бихьизабуна Эркенлъи Радияолъул журналист Хадиджа Исмайловалъе. Инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабулеб буго, гьелде гIунтIизарурал гIайибал кколин, гьелъ талъиялъул даражаялда бугеб кутакаб коррупциялъул хIакъалъулъ материалал рахъи бецIизабиян.