Расулил къоялъул, Путинил ва ГIирбанил ХIажиясул хIакъалъулъ…

Жакъа 92 сон тIубала Расул ХIамзатов гьавуралдаса. Расул ХIамзатов кIудиявги машгьуравги, гьунар тIокIавги поэт вукIанин абурабго нилъеда цеве вачIуна СССРалъул Верховный Советалъул президиумалда кIусарав, Фидель Кастрода магIарул буртина ретIунев, Ясир ГIарафатгун квер босулев, Индира Гандида аскIов кIусарав, улкаялъулги, дунялалъулги лъалел, рагIарал гIадамазул сверуда вугев Расул ХIамзатов.

Бахчун щай, дие цIалдолев хIисабалда кинабгIаги батIалъи гьечIо гьес гIанди буртина Кастрол гъуждузде реххиялъул. Гьелъ дие асарги гьабуларо. Масала, ХъахIабросулъа МахIмуд вукIана къелъ хъазан речIчIарав мискинчи, гьесда къватIир улкабазул къиралзабиги лъалароан. Цо-цо мехалда гьесул кучIдул цIалигун дида живго Расулцин лъимерлъун вихьула. Амма гIумруялъул хIисаб гьабигун Расулил ракьалде вачIинги, ракьул мугъалда тIад тириги, гIумру гьабиги букIана гIадамазда рикIкIадисаго бихьулеб, рекIелъ хутIулеб, хал гьабуразда кIочонареб, кинабго рахъ рекъараб.

Гьеб киналъулго халги гьабун кьола Расулие къимат гIемерисез, гьес хъвараб жоялъул цо мухъ бичIчIичIониги. ХIакимзабаца гьесие гьабулеб хIурматалъул магIна буго гIадатияв чи вукIаравани Путиница гьесие орден кьелароанин абураб. Нагагьлъун Путиница мекъи ккун гьеб орден ГIирбанил ХIажиясе кьун букIарабани жакъа кинабго хIукумат букIинаан ГIирбанил ХIажиясул мухъалги лъазарун гьесул къо кIодо гьабулел. Расул кIодо гьавизавуна Москваялъ, гьесда кIунха добе нух бахъизе.

Щибниги Расулил гьунаралда ва творчествоялда бараб жоги гьениб гьечIо. Расулил букIана хъудулеб гIолохъанлъиги, гIакъилаб херлъиги. Гьесул херлъиялъулги, пикрабазулги хиял гьабулел чагIи дагьал рукIана кидаго, гьесда сверун лъугьун рукIана машгьурав чи хIисабалда. Гъос жинцаго хъвана кочIолъ:

«Дун гIодов виччарав гIадан вукIинчIо,

ГIемерав хъудана дуниялалда -

Гьабихъа кIичI-кIичIун унеб лъар гIадин

Лъабгояс ккун унев мехатарав гIадин…»- ин.

Гьесул цIарги гьоркьоб реххун жиалго рихьизаризеги рахъуна гIемерал чагIи. Жакъа Расул гьавураб къо кIодо гьабун гьесул рукъги, къватIги, хобги, тIубанго шагьарги кверде босизе буго гIемерал кинабгIаги бухьен гьесул творчествоялъулгунги гьечIел, «гьале нижги» абун цере кIанцIулел чагIаца.

Гьез данделъиязда бицине буго Расул ХIамзатов вукIарав талихIав чийин жидергун лъай-хъвайги букIанин гьесул абун. Киналго кIалъаязулъги, ракIалдещвеязулъги цIодорав чиясда мухIканго бихьулеб цо пикру букIине буго ораторазул - «дунги Расул ХIамзатовги» абураб.

Гьеб жо бугIизе буго жидер талихI къосиналъ данделъиялде ккарал гIадамазухъе. Чан чиясда цеве тIамулев хIакъикъияв, гIадамазда лъалесдаса гъваридав, араб гIумруялъулги, хутIарал къоязулги, рачIел каказулги, кквечIел кIалазулги пикру гьабун кагътиде чучулев Расул ХIамзатов? РачIунищ хIакъикъияв ХIамзатов лъалел гIадамал цоцае рецц гьабулел данделъабазул хоралда гIахьаллъизе, рачIине бокьаниги щолищ гьезие нух Расулил бицунеб бакIалда гIенеккизе.

ХIасил калам, Расул ХIамзатов вукIана жинцаго абухъе чанго батIияв. Дица нужее кочIодалъун мисал бачина кинав гьев вукIаравали:

«Москва, дур цIар бахъингун

ГIадамасул ракIалъе,

ГIажаибаб хIикматаб,

Асар лъугьунеб буго…».

Гьаб кечI хъварав Расул лъалел гIадамаца кквезе руго жакъа киналго трибуналги, рукъги, къватIги гьев ракIалде щвезавизе. ВукIана цойги Расул ХIамзатов:

«Дир гIумру букIана черновик гIадин,

Чанго нухалъ хъвараб, хадуб хъвагIараб.

Дир санал ратана репетиция-

Метер лъезе бугеб театралъе.

КIиго дарсда гьоркьоб перерыв гIадин,

ПештIелаго арал гIумрудул санал.

КIиго тарихалда гьоркьоб къокъаб хIучч –

Гьабищ къисматалъул тIолабго хIасил?

Гьав Расул лъалел, цIаларал, вичIчIулел, хIисаб гьабулел гIадамал гъовгун ратIалъунцин рукIинчIо. Гьез Расул хас гьавун ракIалдеги щвезавизеги кколаро. Гьезул гъасдаса поэт нахъеги инчIо. Гьесул хабадеги гьел щола теле ва фотокамераби гьечIого жалго, рухIалъе дугIаги кьун руссуна шагIирасул кочIол гъасде. Гьезда дица баркуларо жакъа Расул гьавураб къо. Гьеб гьезул къо гуро. Гьаб буго Расулил кумекалдалъун жалго кIодо гьарулел гIадамазул къо. Хабар лъикIаб рагIайги.