Душанбеялда 10 полициялъулав чIвана

Тажикистаналъул тахшагьар Душанбеялда Цолъарал Штатазул вакиллъи заманалъ къан буго. ГIиллалъун ккун буго хамиз къоялъул къаси Душанбеялъул бакI-бакIалда яргъид гIуцIараз полициялъулазде гьужумал гьари. Гьезул хIасилалда анцIго чи чIван вуго. Гьездаса микьгояв кколаан полициялъулав.