СШАялъ Ташкент ахIулеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде дандечIеялде

Цолъарал Штатаз Узбекистан ахIулеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде къеркьолеб рагъулаб коалициялда гIахьаллъиялде.

Гьелда цебе Вашингтоналъ террористияб гIуцIиялде дандечIеялде ахIун букIана Анкара. Коалициялда гIахьаллъиялда хурхарал кIалъа-басаял тIоритIун рукIана Цолъарал Штатаздаги Туркиялдаги гьоркьор.

Пентагоналъул бетIер Эштон Картерица лъазабуна, НАТОялъул гIахьалаб ва Сириягун ГIиракъалъулгун гIорхъаби ругеб улка хIисабалда Туркия гьеб процессалда гIахьаллъиялъул кIудияб кIвар бугин.