1968 соналъул 25 августалда Москваялъул БагIараб Майданалде вачIун микьго чияс рорхизаруна Чехословакиялде советиял танкал рити какулел игIланал. Гьезда тIад хъван букIана «Нужер ва нижер эркенлъиялъе гIолоилан» абун.
Гьале гьезул цIарал – Лариса Богораз, Константин Бабицкий, Татьяна Баева, Вадим Делоне, Владимир Дремлюга, Наталья Горбаневская ва Павел Литвинов. 250-миллион чи вугеб халкъалъул тIаса рищарал гьел гIадамал хIадурал рукIана жидерго гIумру бичизе хIукуматалъул политикаялде данде чIун. 1968 соналда Сибиралде витIарав, ва доба щуго сон барав Павел Литвиновас 1974 соналда Цолъарал Штатазде гочана. Гьес гьадин абулеб буго:
Павел Литвинов: «Нижеца хIукму гьабуна йох, киналго гурел советиял гIадамаз квербакъи гьабулеб. Ниж нечола! Гьаб агрессия нижеца какулеб буго, ян абизе. Гьеб букIана яхI-намусалъул суал. Дун гьанжелъагIан чIухIарав вуго улкаялда гьадинаб рагIи бицараздаса цоявлъун вукIиналдаса».
47 соналъ цебе букIараб политикияб ахIвал-хIалалда релъараб ситуация буго жакъасеб Россиялдаги. Халкъалъул цIикIкIараб бутIаялъ квербакъи гьабулеб буго Кремлалъ бачунеб политикаялъе. ГIумрудул 75 сон барав Литвиновасул хIисабалда Путинил Россиялда руго советияб заманалда хIаракат бахъарал диссидентазул демократикияб ирс цIунулел гIемерал гIадамал.
Павел Литвинов: «Доб заманалде данде ккун жакъа хIукуматалъул политикаялде данде чIаразул къадар чанги нухъалъ цIикIкIараб буго. У, Путинил политикаялда халкъалъул цIикIкIараб къадар разияб буго.
Амма гьелда балагьичIого, руго битIараб рагIи абизе хIинкъуларел гIадамалги. Гьез демонстрациязда гIахьаллъи гьабулеб буго, социалиял сайтаздаги жигараб къагIидаялъ хъвадарулел руго. ПалхIасил, жакъа гьадинал гIадамазул процент борхатаб буго, хасго кIудиял шагьаразда. Москваялдаги, Петербургалдаги, Новосибирскалдаги».
ГIумрудул 87 сон барав Михась Кукобака 1968 соналда хъвана Чехословакиялде советиял танкал ритиялъул хIужа какулеб кагъат. 1970 соналда гьев ккун вукIана. Кокобакаца 17 сон бана туснахъазда ва психиатриялъул азарханабазда.
Михась Кукобака: «Гьеб дица рикIкIунеб букIинчIо гьедегIан кIудияб гьунарлъун. Гьеб гуребги, гьадинаб ишалде заман арабгIан кIудияб интерес баккиялдаги хьул лъолеб букIинчIо дица.
Дица гьабураб жо - дирго бербалагьиялда рекъон хIаракат бахъи. Ай, дун витIарав вугони, дир хьвада-чIвадиги битIараб букIинаян абураб пикру гьабуна дица доб мехалъ. ГьечIо дир проблемаги, гьечIо хIинкъиги, дица гIумру гьабулеб буго дир напсияб конституциялда рекъон».
Кукобакаца абулеб буго жинца жиндирго гIумрудул халалъиялда гIамал гьабунин яхI-намус цIунизе. Гьеб кколин инсанасда цебе бугеб тIоцебесеб масъала.
Михась Кукобака: «Инсанасул напсияб конституция гьесул ботIорлъ буго. БатIияб къагIидаялъ гьелда яхIилан абула. Гьединаб конституция щуго нухалъ хисуларо, улкаялъул конституцияго гIадин. Гьале гьадинаб конституциялда рекъон дица гIумру гьабулаан».
Литвиновасги Кукобакацаги абулеб буго жал рукIанин гIадатиял советиял гражданал ва жидер хиял букIинчIин диссиденталлъун рахъине.
Павел Литвиновас жиндирго жамгIияб хIаракатчилъи тIоцебесеб нухалъ гьабизе хIалбихьана 1966 соналда хъвадарухъаби Юлий Даниэлие ва Андрей Синявскиясе диван гьабун хадусала. Гьес абулеб буго хасго доб заманалда хисанин жиндирго политикияб бербалагьи.
Кукобака хIалтIулев вукIана электриклъун. Гьес абулеб буго жиндир бербалагьи хисанин «Оттепель» абулеб Хрущевасул заманалда.
Михась Кукобака: «Гьеб дир рекIелъ дагь-дагь ккун бижулеб букIана. Информация щолаго. Ва I967 соналда дун ваккана Советиял тIадтараз абухъего, Советияб квершеллъиялъул унго-унгояб тушманлъун.