Туркиялда лъазабуна парламенталъул рищиязул болжал

Туркиялъул заман щвелелдего тIоритIизесел парламенталъул рищиязул къолъун чIезабун буго 1 ноябрь. Гьединаб хIукму гьабун буго Централияб рищиязул комиссиялъ. Гьелъул хIакъалъулъ журналистазда лъазабун буго гьеб комиссиялъул бетIерас.