Пальмира шагьаралда кьвагьизабун буго ЮНЕСКОялъул сияхIалда бугеб некIсияб кIалгIа

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къокъабаз Сириялъул Пальмира шагьаралда кьвагьизабун буго Баал-Шамин абураб ЮНЕСКОялъул тIолабго дунялалъул ирсалъул сияхIалда бугеб некIсияб кIалгIа.

Гьеб бан букIун буго нилъер эраялъул тIоцебесеб гIасруялда. Лъазабиязда рекъон, кьвагьиялъ зарал ккезабун буго Рималъул колоннабазеги.

Чанго къоялъ цебе радикалиял исламистаз чIван вуго Пальмираялъул нексияб архитектурияб комплексалъул жавабияв архитектор, 82 сон барав Халед Ассад.