Россиялда санкциониял нигIматазул имропталъухъ туснахъалде ккезе рес буго

Россиялъул росдал магIишаталъул министр Александр Ткачевас рахъ кколеб буго федералияб рухсадул (таможня) хъулухъалъул цебелъеялъул. Гьез рикIкIунеб буго Россиялде санкциялде гъоркье кколел кванил-нигIматал рачIарал чагIазда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе кколин. Ткачевас гьедин лъазабуна "Россия 24" телеканалалъе.

Федералияб рухсадул хъулухъалъ рикIкIунеб буго эмбаргоялде гъоркье ккарал кванил-нигIматал улкаялде рачIиналъухъ балагьизе кколин «стратегияб кIвар бугел нигIматазул контрабанда» гьабиялъухъ гIадинин.

Гьеб такъсиралъухъ бихьизабун буго туснахъалъул 12 сонги, миллион гъурщиде щун гIакIаги.

Россиялъ гьукъун буго Америкаялдаса, Европаялъул улкабаздаса, Канадаялдаса ва Австралиялдаса гьанал, чIугIил, рахьдал нигIматазул ва пихъил импорт.

Россиялъ Крымалъе аннексия гьабун хадуб Магърибалъ Москваялде данде гьарурал санкциязе жаваб бугин гьеб эмбаргойин лъазабуна Кремлалъ.

Президент Владимир Путинил буюриялда рекъон, августалъул авалалдаса нахъе Россиялда хвезабун буго кванил нигIматазул 600-ялдаса цIикIкIун тонна. Гьединал баянал кьолел руго Россельхознадзор абулеб идараялъ.