Порошенкоца улкаялъул политикиял къуватал ахIана гьесул планазул рахъ кквезе

Украиналъул президент Петр Порошенкоца улкаялда ругелщинал политикиял къуватал ахIана Конституциялда хиса-басиял гьаризе ругел гьесул планазул рахъ кквезе. Гьес рикIкIунеб буго гьел хиса-басияз кумек гьабизе бугин улкаялъул машрикъалъул рахъалда бугеб сепаратистияб конфликт лъугIизабизеги, гьес абухъе, «Россиялъул агрессиялдаса» бергьинеги.

31 августалда парламенталда гьаркьал кьеялде росизе ругел гьел хиса-басиял къабул гьаризе ккани хIажалъулеб буго 226 гьаракь.