Македониялъ улкаялде тIокIал мигрантал риччалел гьечIо

Македониялъул ОМОНалъ магIу бачIинабулеб газ биччан ва хъуй бахъинабулел кьвагьиял гьаруна Грециялъулгун гъурхъи бахине къваригIарал аза-азар мигрантазул демонстрация хъамизелъун. Аслияб куцалда Сириялдаса, Афгъанистаналдаса, Шималияб Африкаялдаса аза-азар чияс сордо бан буго Грециялъулгун Македониялъул гъорхъода бугеб Гевгелия абулеб шагьаралда Македониялъ мигрантал рачIинаредухъ жидерго гъорхъабазде аскарал цIан хадуб. Гъурхъи къан хадубги мигрантаз чанго нухалда хIалбихьун букIана полициялъе гьужум гьабизе. Лъукъун вуго ункъго чи.

Македоянилъул жанисел ишазул министерлъиялъ гъорхъолъа араб низам лъазабуна 20 августалда. Гьелъие гIиллалъун ккун буго араб анкьалда мигрантазул цIакъго гIемерав чи улкаялде вачIин.