Грециялъул премьер-министр ана вачIине хьулалда

Грециялъул премьер-министр Алексис Ципрасица лъазабуна жив хъулухъалдаса нахъе унев вугин ва 20 сентябралда иргадулал гурел рищиял рукIине ругин. Хамиз къоялда телевидениялдасан миллаталдехун калам гьабулаго Ципрасица абуна жинца рищарухъабазда бихьизабизе кколин премьерлъун вукIун жинца гьабурабщинаб хIалтIийин.

Гьес гьединго загьир гьабуна Грециялъул халкъалъ гьесул политикияб курсалъул рахъ кквезе букIиналда бугеб хьулги.