Шималияб ва Жанубияб Кореяз цоцазде гIарадаби кьвагьун руго

Шималияб ва Жанубияб Кореяз цоцазде гIарадаби кьвагьун руго. Reutersалъ лъазабухъе, гьеб кьвагьиялъе гIиллалъун ккун батизе рес буго Жанубияб Кореялъул территориялда лъураб радиоялъ араб анкьалда рагIинеги гьабун Пхеньян какулеб мехалда Шималияб Кореялъ гьеб радиоялде ракета кьвагьи.

Шималияб Кореялъ цебеги лъазабун букIана жидер улка Жанубияб Кореялъ каки ва жидерго демократияб нухмалъи бецци чIезе течIони, жидеца «жаваб кьезе» бугин.