Щай рикIкIунеб дир боцIи-панз?

Россиялъул хIукуматалъул бетIер Дмитрий Медведевасда лъикIаблъун бихьулеб буго гIадамаз жидерго хасаб магIишаталда хьихьун бугеб боцIи-панзалъул къадар дагьлъизабизе. Гьединаб тIадкъай гьес кьун буго улкаялъул росдал магIишаталъул министр А.Ткачевасе. Лъалеб гьечIо гьеб суал фермеразул магIишаталда хъинтIизе бугебищали. Гьединал тадбирал тIоритIулеб бакIалда жакъа феремеразул ругел проблемаби рагIалде рахъинаризе квербакъани лъикIаб букIинин хIукуматалъейин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул фемеразул ассоциациялъул нухмалъулев ГI. Гiабуриковас.

Жидерго магIишат гIуцIарал росдал магIишаталъул хIалтIухъабазухъ бугеб гIи-боцIул къадар дагь гьабизе бегьула Россиялда кватIичIого. Гьединаб тIадкъай кьун буго улкаялъул премьер Дмитрий Медведевас хIукуматалъул министразе. «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурал гIадамаз гьеб хIукмуялъул рахъкколеб гьечIо. «Дагъистаналъул фермеразул ассоциациялъул» нухмалъулев ГIабдурахIман ГIабурикIовас абулеб буго ракьул реформа гьабун хадуб кинабго мухъде бачIунилан.

ГIи-боцIул къадар дагь гьабиялъе бугеб гIилла мухIканго баян гьабулеб гьечIо Россиялъул премьер Дмитрий Медведевас. Амма улкаялъулго экспертаз хъуй бахъинабуна гьеб хабар рагIарабаго. Россиялъул «Фермеразул магIишаталъул ассоциациялъул» нухмалъулев, Владимир Плотниковас абулеб буго Россиялда гьадинги дагьлъулеб бугин гIи-боцIул къадар, гьеб хIукму гIумруялде бахъани росабиги рехун тун ине ругила росдал магIишаталъул хIалтIухъаби, лъицайила гьеб мехалъ гIи-боцIиги гIезабизе бугеб? Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Альфред Кохица гьеб мисал дандекколеб буго араб гIасруялъул 50-абилел соназул ахиралда, Совет хIукуматалъул вукIарав нухмалъулев Никита Хрущевас гьабулеб букIараб хIалтIуда. Гьесги добмехалъ кIанцIун вахъун гIи-боцIул къадар дагь гьабизе тIамунила жидерго магIишаталда гIи-боцIи хьихьун рукIарал гIадамал, чанго соналдаса Совет хIукуматалъ къватIиса баччизе байбихьанила росдал магIишаталъ гIезабураб нигIмат. 25 соналдаса абуни додинаб гучаб пачалихъги бихханила. Гьанжеги гьебго гьабизе тIамизехъан ругилан Медведевас гIи-боцIухъаби. Гьелъ расги лъикIаб хIасилалде рачине гьечIилан буго экспертазул пикру.

Жакъа Дагъистаналда росдал магIишаталъул 80 процент хIалтIизабулеб буго жидерго магIишатги гIуцIун ругел чагIаз. Амма гьезул щивас кигIан къадаралда гIи-боцIи хьихьун бугебали мухIканго лъалеб гьечIо. ГIи-боцIул хIакъикъияб къадар мухIканго чIезабизе захIматаб масъала бугилан абулеб буго Дагъистаналъул тIолалго фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдурахIман ГIабурикIовас.

Дмитрий Медведевас гьединаб хIукму гьабиялда нахъа щиб бугебали жинда лъаларин, гьеб суал жеги рагIа-ракьанде щун хIадур гьабун гьечIелъулилан абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Амма гьеб хIукмуялъул гьесги рахъ кколеб гьечIо. ХIукуматалъ бищун цебе тIубазе кколеб суал бугин ракьул суалилан абулеб буго гьес, гьеб тIубани роцIцIунин хутIараб суалги. Кин гьебали гьадин баян гьабуна гьес нижер программаялъе.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «ХIалтIизаруларел чагIазухъа нахъеги росун, хIалтIизарулел чагIазухъе кьезе ккола ракьал. Жиндирго магIишат бугев чиясе бихьизабураб жо буго нилъер гьаниб кIиго гектарги бащдабги ракьул, гьеб ракьул бутIаялдаян абуни хIукуматалъ бихьизабураб къадарцин хьихьун бажаруларо боцIул. Гьебмехалъ боцIи хьихьулез тIадеги ракь балагьизе ккола. Кинабго ракь хIукуматалъул къайимлъиялда бугеб мехалъ официалияб гуреб куцалда ракь балагьун гьесухъа бажаруларо. Гьебмехалъ хъван къотIигун босизе ккола гьес жиндего ракь. Гьедин кIиго гектаралдасаги цIикIкIун ракь гьесул бугони, гьев чиясул живго жиндасаго фермер лъугьуна, магъалоги кьолев, официалияб куцалъ хъвай-хъвагIайги гьабурав. Гьебмехалъ гьес жиндирго бугеб гIи-боцIул къадарги бахчуларо хIукуматалдаса, ракьги бихьизабула жиндихъго бугеб. Гьеле гьедин жибго жиндасаго роцIцIинабизе кIолеб мехалъ, гьаз

абулеб буго гьесул гIи-боцIи дагь гьабизе кколилан. Щиб гьес чIван-хъун тIагIинаризейиш гьел кколел? Гьедин гьабуна араб гIасруялъул I930-абилел соназда кулакал гьарулеб мехалъ. Щиб гьелъул ккараб: чIван-хъун тIагIинабун гIи-боцIиги пасат гьабуна, бакъуца холеб халкъги букIана. Гьеб жо нух гуро. Нух буго дица абухъе ракь гьеб хIалтIизабулев чиясухъе кьей.

Ставрополалъул губернаторас абулеб буго жиндирго магIишаталда 15 азарго гIиги хьихьарав чи вугин жидер доваян. Ватани гьев чиясда аскIовеги ун гьикъизе ккола гьесда, дуца гьеб гIи кинин хьихьун бугебилан. Дос абизе буго пуланаб гIаммаб магIишаталъухъа бичун босанин жиндица ракьилан. Гьеб мехалъ гьеб гIаммаб магIишаталъул нухмалъулесда абизе ккола: «Ле, гьудул, дуца хIалтIизабун бажарулареб ракь хIукуматалъехъе нахъеги кьечIого щай гьев чиясе балъго бичулеб?», - ан. Нахъеги босун кьела гьеб ракь гъов жиндирго магIишат бугев чиясухъе. «Ма, гьудул, гьале дуе ракьги. Дуе бокьани 30 азаргоги хьихьейин гIиги боцIиги», - ян абуни, воххуца холаго босула гьес. Гьеб рес цIунизе кколеб бакIалда гьабулеб буго гIаксалда, гьев чияс ракьги босулеб ункъо щуго нухалъ кIудияб багьаги кьун. Гъоб ракь кодоб бугел колхозалги, совхозалги кколел руго помещикал, жиндирго магIишат бугел чагIазул абуни гьарулел руго кулакал. Гьеб сиясаталъ нилъ лъикIаб жоялде рачунаро. ХутIа-хутIарабги росдал магIишаталъул нигIматги хиралъизе буго, гIадамалги хIалтIизе гьечIо, хIасилги киналго пашманаб ккезе буго.

Доб къватIисел хIукуматазул нигIматазе лъазабураб гьукъа-къаялдасаги (эмбарго) квешаб букIине буго гьеб сиясат. Гьелдалъун гIадамалги цIакъ рази гьечIого рукIине руго росдал магIишаталъул нигIматал хиралъидал: гьан хиралъизе буго, рахь ва цогидаб нигIмат хиралъизе буго. ГьабсагIаталда гъоз хъвела гъоб боцIи ва бичила, хадуб щиб гьабизе бугеб, къватIисанги бачIунеб гьечIони, нилъецагоги гIезабулеб гьечIони? Гьеб мехалъ рукIине ккелаха доб цебе ракъул заманалъ гIадин: рузман сордоялъ гьанги цIетIе тIамун, хутIарал къояз бугеб жоги кванан…».

Бокьани векьарухъан вукIайин гьев, бокьани вехь вукIайин, росдал магIишаталъул хIалтIухъанасе кьезе кколин гьесие хIалтIизабизе гIурабгIан къадаралда ракьги, гьесие чIезаризе кколин хIажатал шартIалгиян абулеб буго ГIабудархIман ГIабурикIовас. Гьеб жо тIалаб гьабулеб букIанин жиндир заманалда Столыпиницаги, гьеб гьабулеб букIанин хадуб Лениницаги «ЦIияб экномикияб политика» абураб программаги хIалтIизабизе биччан, гьеб гьабизе къваригIун бугин жакъаги. Амма гьелъие квал-квал гьабулеб бугин чвантиниб гIемераб гIарацги бугел, амма векьарухъанасул захIматалъул къатIра жидедаги бихьичIел бизнесчагIазги, олигархазги. ГIабдурахIман ГIабурикIовасул пикруялда Россиялда бищун бечедго росдал магIишат бугеб мех букIун буго П. А.Столыпин Россиялъул империялъул премьер-министрлъун вугеб заман. Доб мехалъ кваналеб букIанин цохIо жидецаго гIезабураб нигIмат, къватIиб хIукуматалда гIезабураб нигIматги Россиялде къазе биччалеб букIинчIин.