КибергIатIиялъи гIицIго ракълилал мурадазе хIалтIизабизе къотIи гьабун буго

Дунялалъул 20 улкаялъ къотIи гьабун буго гьанже заманалъулал информациониял технологиял гIицIго ракълилал мурадазе хIалтIизаризе. Итни къоялда гьедин лъазабуна "Коммерсант" газетаялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб халкъаздагьоркьосеб информационияб хIинкъигьечIолъи чIезабулеб хIукуматазул экспертазул къукъаялъул докладалда мугъчIвайги гьабулаго.

КибергIатIиялъиялда тIакIанцIиял гьарингутIиялъул къотIи гьабуразда гьоркьор руго Россия, Америкая, Китай, Британия, Франция, Бразилия, Япония, Жанубияб Корея ва Израиль гIадинал улкаби. Гьеб документалда рекъон, гьел улкабаз информациониял технологияздаса пайда босизе гьечIо атомиял электростанциязде, банказде, транспорталъул ва лъедалъун хьезариялъул системаязде гьужумал гьаризе.

Гьеб хIукму къуваталде лъугьине ккани, гьанже гьелъул хал гьабизе ккола Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб ассамблеялда.