Туркиялда цо аскарияв ва лъабго курд чIван руго кьалда

Туркиялъул Карс шагьаралъул сверухълъиялда гьатIан къоялъ багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда чIван вуго турказул цо аскарияв ва Туркиялда гьукъараб Курдистаналъул ХIалтIул партиялъул лъабго яргъид гIуцIарав.

25 июлялдаса байбихьун Туркиялъул авиациялъ ГIиракъалда ругел курдазул яргъид гIуцIаразул позициязде гьавадул гьужумал гьарун хадусала Курдистаналъул ХIалтIул партиялъ лъазабуна, Анкарагун гьабун букIараб маслихIат жидеца нахъе бахъун бугин.