ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдар аль-Абдица хIукму гьабуна Рамади шагьаралда «Исламияб пачалихъгун» кьал букIараб мехалда изну гьечIого позицияби тарал рагъулал командирал трибуналалда цере эхетизаризе. ГIиракъалъул аскариял къуна доб рагъда.
Араб анкьида премьер-министрас радикалиял реформабазул капания байбихьана, тIоцебесеб иргаялда коррупция тIагIинабиялда хурхун.