Суицидалияб гьужумалъул хIасилалда чIван вуго Пакистаналъул Пенжаб вилаяталъул жанисел ишазул министр Шуджа Ханзада. Живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алат хIалтIизабуна министерлъиялъул минаялда жаниб.
ГIаммаб къадаралда ичIго чи чIван вуго гьеб теракталъул хIасилалда. ХIужа ккараб мехалда минаялда жанив нус-нус чи вукIана.
Теракталъул жавабчилъи жинда тIад босун буго «Лашкар э-Джангви» абулеб суннитазул къукъаялъ. Гьелъул рагъухъабаз лъазабуна гьеб къисас букIанин. Июль моцIалда рехсараб къукъаялъул бетIер полициялъ речIчIун чIвана.