Пентагон: "Исламияб пачалихъалъ загьруяб газ хIалтIизабулеб буго"

Хамиз къоялъ Пентагоналъул баяналда мугъ-чIвай гьабун, Цолъарал Штатазул прессалъ лъазабуна батизе бегьула «Исламияб пачалихъалъ» курдазул яргъид гIуцIарал къукъабазде данде химикияб ярагъ хIалтIизабунин. Хасго иприт абулеб загьруяб газ.

Америкалъул рагъулаб идараялъул гьеб баяналда рекъон рехсараб газ босун бугин ГIиракъалда ратарал Саддам ХIусенил заманалъул нахъ рателалдаса. Ялъуни гьеб бугин Сириялда ругел нахъ рателалдаса босараб газ.

КIиго соналъ цебе Сириялъул хIукуматалъ ритIухъ гьабуна жиндир химикияб ярагъ бугин абураб щаклъи. Курдазул яргъид гIуцаразе рагъулаб хIалбихьи кьолел Германиялъул рагъулал инструктораз лъазабуна, Эрбиль шагьаралда курдазул рагъухъабазе захIмалъи щун букIанин хIухьел цIазе.

Гьадин лъазабуна Германиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ. Гьединалго хIужаби тIад чIезаруна Цолъарал Штатазул хасал хъулухъчагIазги.