«Ине вугищ Сайгидпаша ГIумаханов 90 абилел соназул церехъабазда хадув?» абураб суал жакъа гьоркьоса къотIичIого бачIунеб буго. БачIунеб буго интернеталда информациялъул алатаца, социалиял гьиназда, рокъор, къватIир, годекIанир, нилъго нилъедаго хутIараб бакIалда.
Гьеб суал кьолел чагIазда бичIчIуларго буго цохIо жо. Жакъа хъулухъалдаса чи нахъе витIизе ва хасал къуваталъул чагIаз тIад хIалтIи гьабизе цохIо 90-абилел соназда политикияб аренаялде вачIун вукIин гIоларо. Щив вугев жакъа улкаялъулги, республикаялъулги тахбакIазда 90 абилел соназда цере рачIарал чагIи гурони? Гьел киналгойищ ругел такъсирчагIилъун? Щай гьел политиказул цоял федералияб централъ нахъе рачунел, цогидал толел? Гьеб суалалъе жаваб балагьулаго батизе буго ГIумахановасул къисмат кинаб букIинеб абураб суалалъе жавабги.
Щиб гIиллаялъ арав Саид Амиров? Гьес ракетаги босун МуртазагIалиев рекIине къачIаб самолет кьвагьулеб букIанин абураб жо маргьуялда цIикIкIун релълъараб буго хIакъикъаталдаса. Саид Амировасул заман рагIалде бакIарун букIана. Республикаялъул нухмалъуде вачIарав цIияв, кIудиял амбициял ругев президентги, федералияб централъ гьесда цере лъурал масъалабиги Амировасда ричIчIичIо. Балагьараб мехалда гьел ричIчIунгутIи къварегIун букIун буго живго ГIабдулатIиповасеги. Гьелде бачана иш, Амировасе ультиматум лъезе гьев вихьарабго цIорораб гIетI балев СафаргIалиевги витIун. ХIажат букIана инкар, бачIана инкар, бачIана вертолет… Гьеб батIияб тема буго. Федералияб централъе хIажалъичIо жидеца лъурав чиясда (ГIабдулатIиповасда) данде чIолеб къуват республикаялда. Ана вачун гIемерисел ургъун рахъарал такъсиралги тIадкъан, хIатта лъабго гIумруялъулго туснахъ гьавизе гIурал ишал гьесул церехун рукIаниги. Москваялда бичIчIана цохIо хIакъикъат. Республика гIарцул сурсатал ккурал къуватаздаса бацIцIад гьабизе кколеблъи.
Хадусеб кьаби тIаде босана Сагид МуртазагIалиевасда щвезабизе. Щай? Щайгурелъул гIемераб гIарацги, хадуб тIубараб аскар рахъ ккурал чагIиги, жиндир кверщаликь щуго-анлъго муниципалитетги, кIудиял бухьенал ва асар бугел гIадамалги, хIатта аскIов 20 азарго чи аскар бугев, вацлъи лъазабурав Къадировги вугев чи тей хIинкъи цIикIкIараб иш букIун. Гьебги гIечIого МуртазагIалиевас ишан босана МахIачхъалаялъул тахбакIиде. Гьеб данде ккечIо Москваялъе, хутIараб «трофей» республикаялъул тахбакI букIин гIадин бихьана гьезда. МахIачхъала жиндие бегьулищан ГIабдулатIиповасда гьикъичIев гьес, республикаялъул бетIерлъи жиндие бегьулищан Москваялдаги гьикъунгутIизе рес бугин ккун батила. ХIисабал нусго, суалал азарго.
Хизри ШихсагIидовги гьесул союзник хIисабалда къорикье гъураб гIадаб жо рагIана, гIадатияб криминал батизеги рес буго. Гьеб батIияб тема. Гьел киналго чагIи жанир тIамичIого тезе цониги гIилла Москваялъул гьечIо, гьелдаса пайдаги босун гьаруна туснахъ.
Сайгидпаша ГIумаханов? Гьесул ахIвал- хIал батIияб буго. ТIоцебесеб иргаялда гьев киналго гьесул политикиял оппонентаздаса гIакъилав ватана. Гьес киданиги гьабичIо политикаялъулъ цогидаз гIадин анкьил рокьи, микьил кьал, хисардиял ва рахъ-рахъалде кIанцIей. МухIканго, гIодове виччан, хисардичIого бачана политика. Аваразе цевехъанлъиги гьабуна, шагьаралъе мэрлъиги гьабуна, улкаялъе мустахIикъав гражданинлъунги чIана. ГIабдулатIиповасул рахъ гьес кколеб буго магIарулав хIисабалда, гьеб бахчулебги гьечIо лъидасаниги. Россиялъул гIорхъаби гьес цIунана 1999 абилеб соналъ тIад ярагъги бан. Жакъа Хасавюрт шагьаралъул бетIерлъунги гьев Москваялъ цIунизе вуго къватIиса – (Чачан республикаялдаса) бугеб асарги дагь гьабизе, жанир ругел – миллиял ва цогидал суалалги роцIцIине.
Сайгидпаша хутIизе вуго гьев хисизе чи гьечIолъиялда бан. Бигьаяб жо гуро къватIисезеги къулуларев, жанир ругелги данде рачунев чи жакъа балагьи. Гьеб хIажат буго жакъа ГIабдулатIиповасеги, Москваялъеги. КигIан жиндие данде ккечIониги МухIамадгIалицацин хIехьана Сайгидпаша республикаялъул цолъи ва гIорхъода парахалъи цIуниялъул мурадалда. Жакъа гьенив къвакIарав чи цIикIкIун хIажат вуго цевеялдаса. Цере рохьазда рахчарал боевикалгун Масхадов вукIун ватани, жакъасесул парадалде бачунеб 20 азарго чи вугеб аскар буго. Гьеб хIалалда дагьаб бахIарчилъиги, гIакъиллъиги, хIалтIизе кколеб къагIида лъайги хIажалъуларо. Гьел шартIаз цIунула Сайгидпаша Хасавюрталда. ТIоцебесеб иргаялда – Москваялъе хIажалъун.