“Аль-КъагIидаялъул” цевехъанаc “Тiалибаналъул” бетIерасе гьа бана

Аль-КъагIидаялъул цевехъан Айман Завахирица гьа бана дагьалъ цебе Афгъанистаналъул ТIалибаналъул бетIерлъун тIамурав мулла Ахтар Мансурие. Жибго ТIалибаналда жаниб питна багъарун буго. Мансурил дандияз кверщел тIалаб гьабулеб буго. Экспертазул хIисабалда Айман Завахирица мулла Мансурил рахъ ккун хадусала гьесул позиция щулалъила.