Туркиялда тIокIаб кIоларо тIурун чIарал къабул гьаризе

Туркиялъ заманалъ къана Хатай абулеб вилаяталда аскIоб бугеб Сириялъулгун жиндирго гIурхъи. ГIурхъида аскIоб аза-азар тIурун чIарал ракIкIарун руго.

Гьез къасд гьабулеб буго «Исламияб пачалихъалъул» зулмуялъукьа рорчIизе. Туркиялъул тIадтараз лъазабуна, жидер хIал гьечIин тIокIал гIадамазе бакIал кьезе тIурун чIаразул мархьабазда. Гьединлъидалийн хиял бугин Сириялдаса лъутарал гьел гIадамал ватIаналде хIалица тIад руссинаризе.