Истанбулалда нахъеги терактал

Истанбулалда итни къоялъул радал щалали лъаларез Америкалъул Цолъарал Штатазул консуллъиялъул минаялде кьвагьдана. Ккун йиго гьеб гьужум гьабиялда щаклъи йигей цо чIужу-гIадан.

Гьелдаго цадахъ вукIарав чиясда лъутизе кIвана. Зарал лъиениги щвечIо.

Итни къоялъ Истанбулалъул Султанбейли абулеб бакIалда полициялъул минаялда аскIоб гьединго кьвагьизабун буго жаниб бахчун тараб бомбагун цо автомобиль. Лъукъун вуго анцIго чи. Гьезда гъорлъ – лъабго полициялъулав.

Гьелдаса нахъе кьвагьа-гIанхъи бахъана тIаде-кIанцIаразда ва полициялъулазда гьоркьоб. Гьелъул хIасилалда гьужум гьабурав кIигояв ва полициялъул цо хIалтIухъан чIван руго. Гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.