«ТIалибаналъ» цойги жавабчимлъи тIад босана

«ТIалибан» багъа-бачариялъ тIад босун буго Кабулалъул аэропорталда аскIоб гьабураб теракталъул жавабчилъи. ТIалибазул лъазабиялда рекъон гьезул мурадлъун букIун буго аскIоса унеб букIараб къватIисеб улкаялъул конвой щущазаби. Ахирисеб баяналда рекъон балагьутIа-бакIалда аскIоб бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда щуго чи чIван, 18-гоявги лъукъун вуго. Гьезда гъорлъ – гIисинал лъималги. Полициялъ лъазабухъе, гьеб букIана суицидалияб гьужум.