Гуржиялъ ракIалде щвезабуна анкьго сон цебе букIараб рагъулаб конфликт

Гуржиялъ шамат къоялда ракIалде щвезабулеб букIана Жанубияб Гьириялда рагъулаб конфликт байбихьаралдаса анкьго сон тIубаялъул къо.

Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъалъ лъазабухъе, чIегIербаялъул тадбиразда гIахьаллъун руго улкаялъул президентги, хIукуматалъул ва рагъулазул бутIурулги.

Экс-президент Михаил Саакашвилил рахъ кколез гьел тадбирал тIоритIулел рукIана батIаго. Гьез рикIкIунеб буго «щуго къоялъул рагъда» Россиялъул агрессиялдаса жидеца улка цIунулеб букIанин. Гьанже нухмалъиялда бугеб коалициялъ экс-президентасда гIунтIизабулеб буго жавабчилъи гьечIолъиялъул, авантюризмалъул ва атомияб ярагъ бугеб мадугьалил улкагун рагъ гьабичIого чIезе бажаричIолъиялъул гIайибал.

Премьер-министр Ираклий Гарибашвилица абуна Гуржиялда тIадаб бугин «рагъалъул ругънал сахгьаризе» ва «вацлъи бугел Абхазиялъул ва Гьириялъул халкъалгун рекъел гьабизе кколин». Гьебго заманаялда улкаялъул нухмалъиялдаса цогияз Абхазиягун Жанубияб Гьири рикIкIуна «оккупация гьабурал территорияллъун».