Россиялда хвезабун буго кванил нигIматазул 370 тонна

ХвезабичIого хутIараб пихъ бищулел гIадамал. Смоленск, Авг2015

Россельхознадзоралъ шамат къоялда хвезабун буго гьанал лъабго ва пихъил 20 тонна. Гьеб идараялъул лъазабиялда абулеб буго гьаналда цадахъ рукIине кколел документал рукIинчIин. Смоленскалъул «Красная горка» абулеб контроль гьабулеб бакIалда гьединго ккун буго мокьрол 40 тоннаги. Гьелда цадахъ рукIун руго Мароккоялда кьурал сертификатазда мугъчIвайги гьабун Белоруссиялда хIадурарал документал. Мароккоялъ абуни гьеб жидер пикъ бугин абун гьечIо. Гьебги рагIула гьанже хвезабизе. 6 августалдаса нахъе хвезабун буго кванил нигIматазул 370 тонна.