Япониялда сихIкъотIиялдасан байбихьана 70 сон цебе Хиросимаялде атомияб бомба рехидал хварал ракIалде щвезариялъул тадбир. СихIкъотIи чIезабун букIана Токиоялъул заманаялда рекъон сагIат ичIгоялде 15 минута хIалтIараб мехалда. 1945 соналъ гьеб заманаялда рехун букIана гьеб бомба.