Украиналъ валагьулев вуго Россиялъул Генштабалъул бетIер

Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ валагьулев вуго Россиялъул Генералияб штабалъул бетIер Валерий Герасимовги жеги 10 аскариявги. Гьезда гIунтIизабулеб буго «Украиналъул территориялда рагъулаб конфликт гIуцIиялъул, хIадуриялъул ва гьабиялъул гIайиб».

Россиялъул тIалъиялъ, гьебго заманаялда рагъулазул тIалъиялъги, кидаго нахъчIвала россиялъул аскариял Украиналъул территориялда ругин абун Киевалдаса рачIунел лъазабиял.