ИГИЛ: тIекълъиялъулъ балагьулеб ритIухълъи

ИГИЛалъул армия

«Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялде данде рагъ баялъе чIезарурал шартIаз гIемерисеб мехалда гIаксаб асар кьолеб буго. Салафиязде тIадецуй цIикIкIинабиялъ, батIиял пачалихъазул исламиял гIуцIабазулгун гьоркьолъи къотIизариялъ ва гIолилазда хадуб халкквеялъ ахIвал-хIал дагьабги хIалуцинабун гурони кколеб жо гьечIин рикIкIунеб буго экономикияб политикаялда сверун эксперт Ирина Стародубровскаялъ. Сверухъ бихьулеб ритIухълъи гьечIолъи ва цогидаб тIекълъиялъ гIолилал тIамулел ругила гьеб хIакъикъаталдаса кинаб нух батунги тIуризеян рикIкIунеб буго гьелъ.

ЦерегIан къояз Турциялда ккуна Дагъистаналдаса гIолилав. Эбел-инсуда хIухьбахъи гьабизе унев вугин живиланги абун Туркиялъе арав 26 сон барав студентас эбел-инсуде кIалъан лъазабун буго жив Анкараялда гIагар ралъдахъ вугилан абун, амма Анкараялда гIагар ралъад гьечIолъиялъул хIисаб гьабун, ургъел ккарал улбул гIолиласда хадур ун руго ва гьев «Исламияб пачалихъ» абураб терроралъул гIуцIиялда гъорлъе лъугьиналъул мурадалда гIорхъи бахинехъен вукIарав чи ккун, тIад вуссинавун вуго эбел-инсуца Дагъистаналде. Терроралъулаб гIуцIиялде гъорлъе лъугьине 2014 соналда жаниб Дагъистаналдаса лъеберидаса цIикIкIун гIолилал ун ругин васал ва ясал, аслияб куцалда студенталилан лъазабун букIана цебеккун Жанисел ишазул хIалтIухъабаз.

Къо бахъанагIан Россиялъул информ-алатазда кIвар цIикIкIараб темалъун лъугьунеб бугин «Исламияб пачилъ» гIуцIиялъул тема, гьенире гъорлъе лъугьун арал гIолилазул бицун ва кинаб бугониги исламалда хурхараб информациялда танкан гьеб гIуцIиялъул тема хурхинабун. Амма психологаз ва экспертаз гIолилал ИПалъул асаралде гьоркье ккеялде данде рагъ баялъе абулел жал, масала гIолилазда хадуб халкквей яги салафиязде тIадецуй гьабиялъ гIаксияб хIасил кьолилан рикIкIунеб буго Гайдарил цIаралда бугеб институталъул вакил Ирина Стародубровскаялъ. Гьелъул пикруялда, жакъа вербовка гьабулел гIадамал тIатинари ва салафиязда гъорлъ рукIинесел такъсирчагIи рихьи релълъунеб буго гьалдолеб хIагида гъоркь цIа дагьабги кIодо гьабиялда. Амма гIолилаз букIун букIалда рахъун кинабго тун ине хIукму гьабуларин, гьелъие гIиллаби гIемер рукIунин баян гьабуна Стародубровскаялъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Ирина Стародубровская: «Рокъосан бугеб тIадецуй, сверухъ бугеб ритIухълъи гьечIолъи бихьи ва цогидал хIехьезе кIоларебилан ккараб хIалалда ругел гIолилазул бижула пикру гьеб хIалалдаса нахъе рорчIизе. РорчIизе рес гIолиласда ИПада гъорлъе ин бихьани, гьев гьенивеги уна. Масала, Шималияб Кавказалдаса психологаз ва адвокатаз абулеб буго тIадруссинаризе бажарарал гIолилалгун гара-чIваридал сверухъ бугеб ритIухълъи гьечIолъи ва текълъи тIагIинабизе бокьиялъ тIамулел ругин гьел «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъе инейин».

Жакъа экспертаз абулеб бугила кире гьел унел ругелали, амма сунца гьел ине тIамуралали гIиллаби чIезаризе кколила.

Киналгоги бусурбаби, традиционияб исламалъул рахъ кколарел рикIкIунел ругила ИПалъул рахъ кколеллъун, рагьун кколеб батичIони, гьезие квербакъи гьабизе рес бугеллъун Гьелда бан гьебго Шималияб кавказалда ругел мажгитаздаса как балеб бакIалдаса ккун, кIал биччазе ракIарараб бакIалдаса ккун рачун унел ругила салафиял, профилактикаялъул мурадалда. Щай гурелъул хIукуматалъул ва цIуна-къаялъул идарабазда гьединал гIадамазулъ рихьулел ругила потенциалиял вербовка гьабулел гIадамал яги ИПалъул рахъ кккурал чагIи. Гьеб кинабго бихьулила гIолеб гIелалда ва жамгIияталда жаниб бугеб ритIухълъи гьечIолъиялъул асар хIалуцунила тIадеги. Эксперталъул пикруялда рекъон, гьеб ритIухъаб бербалагьи гьечIо «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъе гIолилал иналъул проблема тIагIинабиялъе. Кинаб букIине кколеб ИПалъул пропагандаялде данде къеркьей гьеб кинабго хIисабалде босунин абуни, гьеб букIине ккелин хIукуматалдаги диниял чвахияздаги ругел ричIчIунгутIиял тIагIинари ва жалго исламияб жамгIияталда жанир, гьелго джигьадистазда ва хутIаразда гьоркьор ругел ричIчIунгутIияздаса пайда босун тIобитIулеб политикайин баян гьабуна Ирина Стародубровскаялъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Ирина Стародубровская: «Конфликталда гIахьаллъулел киналго рахъаз тIадеялдаса тIаде цикIкIинабулеб буго цояб рахъалъ хIал гьабиялъ цогидаб рахъалдасанги жаваблъун хIал гьаби ккей. ГIицIго Кавказалда тIибитIараб феномен кколаро гьеб. Гьелъул мисалал гIемер руго дунялалъулго тарихалда жанирги. Кавказалда буго халатбахъараб конфликт, гьеб хIал гьабиялъ хIал гьаби бижизабулеб феноменги гьениб цIакъго загьирлъун буго. Жакъа киналго рахъал чIезеги чIун хадусеб бербалагьиялда тIад ургъизе заман щвараб ригь буго. Руго мисалал, гьединал конфликтал ракълидалун тIураралл, масала, гьебго Шималияб Ирландиялъул. Шималияб Кавказалъул халкъал свакан руго хIал гьабиялдаса. Гьезие бокьун буго ракълилаб гIумру ва жамгIияталда жаниб бугеб хIалуцин тIагIин. ГьабсагIат буго жеги заман, буго рес ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабизе».

ГьабсагIат рехсолеб бугила 1000 чи вугин ИПалъул пропаганда ва вербовка гьабулел. Гьезул асаралда гъоркье ккеялдаса гIолилал цIуниялъе батIи-батIиял экспертаз ва хукуматалъ хIалтIизарулел методаз гIаксияб хIасил ккьолеб бугин, хIакъиъкаталдаги гьелде данде къеркьеялъул кIвар буссинабизе кколила рокъосан ва жамгIияталда жанисан ритIухълъи гьечIолъи тIагIинабиялде.