Мурзаев: "... лъарагIав те МахIачхъалаялъул мэрлъун"

МахIачхъалаялъул мэрия

Дагъистаналъул 10 шагьаралъул цонигиялда мэрлъун гьечIин лъарагI миллаталъул цониги чи. Гьел шагьаразда гьоркьор МахIачхъала, Буйнакск, Хасаваюрт, гьединго Каспийск шагьарал ругила лъарагI миллаталъул гIадамаз цIикIкIун гIумру гьабулел шагьаралин бицана ЭР-лъе Абсалудин Мурзаевас. Гьев ккола лъарагI миллаталъул жамгIияв хIаракатчи.

Дагъистаналда хъулухъазда гIадамал толелъул билълъун ун буго гьезул миллатги хIисабалде босулеб гIадат. Гьединлъидал щибаб нухалда кIуди-кIудиял хъулухъазде гIадамал тIамулелъул баккулеб суал буго гьеб. Гьедин исана хаслихъе МахIачхъалаялда мэр вищизе вукIинги хIисабалде босун жидер миллаталъул чи тейин тахшагьаралда нухмалъудайилан гIарза хъван буго лъарагIаз Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасухъеги улкаялъул президентас Шималияб Кавказалда тарав вакил Сергей Меликовасухъеги.

ЛъарагI миллаталъ кидаго кIвар буссинабулеб суал ккола советияб заманалда Чачаналъе гочинарун МахIачхъалаялда аскIор рукIарал Кяхулай, Таргъу, Альбурикент росабигун, гьенире рахъинарунин Дагъистаналъул цогидал халкъал. Цинги дагь-дагьккун гьел ракьал хъванин МахIачхъалаялда гъорлъе. Гьедин жакъа къоялда жидер ракьазда кверщел гьабизе рес тун гьечIин жидее, гьелъул бакIалда мэрлъун жидер миллаталъул вакил тезе кколин рикIкIунеб буго лъарагIаз.

Гьебго пикру ЭР-лъе тасдикъ гьабуна цевехун рехсарав жамгIияв хIаракатчи Абсалудин Мурзаевасги. МахIачхъалаялда мэрлъун лъарагIав тани, гьанжеялдаса хадубгIаги миллаталъул мурадал цIунун хIалтIи гьабизе рес бугила гьев чияс, гурони гьесда лъалелъулила метерисеб къоялъ миллатцояз жинда гьеб бадибчIвазе букIин.

Абсалудин Мурзаев: «Гъоле, рохьил магIишаталъул комитеталда лъарагI миллаталъул чиги нухмалъиялда вукIинчIого, Таргъу магIарда ругел ракьал рикьа-къотIана. Альбурикенталъул гIадамаз абула цо заманалда тIад гIакIа къотIулеб букIунилан жидеда боцIигицин биччазе кIолароанила гьенибе, гьанжейин абуни тIаде рарал минабаз цIун ругила гьел рохьал рукIарал бакIал. Щайгурелъул тIалъиялда ругел батIиял миллатазул вакилзабаз жиде-жидер миллаталъул чагIазул рахъкколеб буго. ЛъарагI миллаталъулин абуни гьечIо гьедин мурадал цIунулел чагIи. Яги босе мисалалъе МахIачхъала шагьаралъул депутатазул къадар. Шагьаралда лъарагIал гIемер руго. Амма магIарулазул 15 депутат вуго гьенив, лъарагIазулин абуни щуго чи вуго. Гьединго лъарагIлъиялда ругел ракьал росдал магIишаталъул мурадалда цогидал миллатаз кколел рукIиналъул дица бицинего бицинарин. ПалхIасил, ахираб заманалда республикаялда лъарагI миллаталъул рахъалдехун лъикIаб къасдалда гьабулеб жого бихьулеб гьечIо».

Хадуб Абсалудин Мурзаевас тIаде жубана мугIрузул мухъазда гIумру гьабулел гIадамал ругин жидерго ракьазул бетIергьабилъун, гIицIго лъарагIазе толеб гьечIин бетIергьанлъи гьабизе. Гьединго ахираб кIиго соналда жанив МахIачхъалаялда ункъо нухмалъулев хисанин, амма цо нухалдагIаги лъарагIав телилан рахъинчIин республикаялъул нухмалъулел.

Гьанир мисалалъе рачине бегьула ахираб заманалда жидеда кьаби щварал лъарагI миллаталъул хъулухъчагIиги – масала, Дагъистаналъул парламенталъул нухмалъулел Хизри ШихсагIидовги гьесул вас, Буйнакск мухъалъул нухмалъулев Даниял ШихсагIидовги. Вас туснахъ гьавун вуго пачалихъалъул 45 млн гъурущ бикъунилан. Гьанже гьесул эменги бихьинчи гIадин спикерлъиялдаса нахъе ине кколин рикIкIунеб буго республикаялда гIадамаз.

Гьединго пачалихъалъул гIарац тIокI гьабунилан жанив тIамун вуго гIумруялъ газида кверщелги гьабун бугеб Насрудиновазул тухумалдаса МухIамад-ХIусен Насрудиновги. Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIана гьев.

Буго цоги тухум – Карачаевазул. Гьезул цояв – Набиюла Карачаев ккола республикаялъул тIабигIиял бечелъабазул министр. ЛъарагIазда гьоркьоб гIезегIан къадуряб тухумлъун рикIкIаниги, респуубликаялъул тIалъиялда данде чIараб политикаялъул рахъкколаро гьез. Руго жеги экс-премьерал Шамил Зайналовгун Атай ГIалиевги экс-спикер МухIамад-Султан МухIамадовги. Гьел гьабсагIат республикаялъул политикаялъулъ гIахьаллъуларо.

МахIачхъалаялъул мэрлъун лъарагI миллаталъул чи тейин хитIаб гьабун букIаниги, чIванкъотIун лъиданиги цIар чIван гьечIо жеги гьез. Щайин абуни цо хасал чагIазул мурадал цIунулел ругилан гIайиб-гъвел гьабизе бугин жидедаян жаваб кьуна Абсалудин Мурзаевас. Гьес ракIалде щвезабуна чанго соналъ цебе Пятигорскалда лъарагIаз тIобитIараб съезд. Доб мехалда улкаялъул президентас Шималияб Кавказалда тун вукIарав вакил Хлопониниде мацIал гьарун ратун рукIанила цо-цо чагIаз республикаялъул тIалъиялда хъулухъал къваригIарал лъарагIаз гьарулел хIаял ругин гьелилан.

1998 соналдаса нахъе МахIачхъалаялъул мэраллъун дарги миллаталъул чагIи рукIана. Гьелде щвезегIан тумал рукIана.

ГьабсагIаталда Дагъистаналъул шагьаразда ругел мэразул хIисаб гьабуни, МахIачхъалаялдагун Избербашалда ва Каспийскалда мэрал даргиял руго. Буйнакскалда, Хасавюрталда, Гъизляралда ва Южно-Сухокумскалда магIарулал руго. Дербенталда – лезгияв, Гъизляралда – гIурусав, Дагъогниялда – табасаранав.