Нетаньягьуца палестиниязе зигара бана

ГIизраилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньягьуца азарханаялде вачIун, зигара бана гьенир регизарурал захIматго лъукъарал палестиниязде. Гьел ккола Ордон гIурул Магърибалъул рахъалда чIварав гьитIинав васасул гIагарал. Дов васасе цо бащадгун сон букIана. Щалали лъаларез гьел палестиниязул рукъ бухIизабун, къадада тIад ивриталъ «къисасилан» хъвана. Нетаньягьуца гьадин абуна гьелда бан:

Биньямин Нетаньягьу: «Ахирисел къоязда нилъеда бихьуна кIиго вахIшияб такъсир. Ва нилъ гьеб хIехьезе гьечIо. ХIинкъи гьечIолъи ва гIадлу низам цIунулезе дица бюури кьуна ругел шинал къануниял ресал хIалтIизарун, гьужумал гьарурал чIвадарухъаби ва такъсирчагIи ратизе ва гъозие жаза гьабизе».

Цолъарал Штатазул Пачалихъияб Департаменталъ гьеб гьужум какана ва ГIизраилалдеги Палестинаялдеги сабру бакIариялде ахIи бана.